Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул со-юзалъул вакилзабаз хIукму гьабуна ДРялъул президент МухIамадсалам МухIамадовасухъе кагъат хъвазе. Гьелда гъоркь гъулбасине буго кIинусго хъвадарухъанас
Къалъудаса хадуб тIобитIизе бугеб адабияталъул вечералда гIахьаллъизе рачIаразул къокъаби данделъулел рукIана магIарулазул машгьурав шагIир ГIабдулмажид Хачаловасул цIаралда бугеб Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде.
8 декабралда МахIачхъалаялда ДРялъул ХIукуматалъул председателасул заместитель Мурат ШихсагIидовас тIобитIана бруцеллез тIибитIун букIиналда бан данделъи.
Гьал къоязда Москваялда вукIаго Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовас цо чанго дандчIай тIобитIана. Масала, 28 ноябралда гьев дандчIвана РФялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр Андрей Фурсенкогун.
23 ноябралда МахIачхъалаялда вукIана Россиялъул вице-премьер, СКФОялда улкаялъул президентасул вакил Хлопонин Александр.
Ришватчилъиялде данде къеркьезе хасаб программа хIадур гьабуна Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ. Гьеб программа 2012 соналдаса байбихьун лъабго соналда жаниб тIубазабизе хIисабалде босун буго. 9 миллион ришватал дагьлъиялъе
Северияб Кавказ цебетIе забиялъе биччалеб гIарцул къадар бахана 5,5 триллион гъуршиде. Гьелъул бащалъиялдаса цIикIкIараб гIарац биччазе буго инвестораз. ГIемерисел гьелги пачалихъиял инвесторал ккола. Цогидал улкабазул инвесторазе Россиялъ лъикIал шартIал чIезаруна. Гьел шартIал гьечIони инвесторалги Северияб Кавказалде рачIунарин рикIкIунеб буго экспертаз.
Прохоров абурав гIурусазул олигарх вачIун вугоан нижер росдал клубалде. Давайила, бокьараб вопрос кьейила, все решу ян абуна гьев чияс.
(гьедин гьикъулеб буго полициялъулазда лъукъарав Русланил гIагарлъиялъ)
Гьал къоязда МахIачхъалаялда хасаб операциялъулъ лъукъарав МухIамадов Руслан полициялъулаз больницаялдаса нахъе виччалев гьечIо. Гьесде гIунтIизабулеб гIайибги гьечIо. Полициялъулаз гIагарлъиялда абуна хасаб операциялъул нугIлъун кканин гьев, амма гьесухъа сурав босун хадувги нахъе виччалев гьечIо.
Дагъистаналъул магIарул щи-баб росдае гIахьалаб гуребги, цо жиндирго хассаб тарихги буго квенхдерил. Дагъистаналда ва Чачаналда цIар арал, гIандадерил росабазул маргъалазул курхье-налъул цояблъун ккола Кван-хидалъ росу. Цересел гIадамаз бицунаан некIсиял хабалалъ хоб бухъидал, насраннияб дин тIибитIизегIан цебего, мажуси-яб диналъул заманаялъ хварал рукъулаго (погребение), жаназа-базда аскIоб къайи-цIарагI лъун батулеб букIанилан. Бицанихъе, Магърибияб Югалъул Азиялдаса рачIарал чанахъабаз кьучI лъураб росу бугилан абула Кванхидалъ.








