Прохоровги, кIодоги, Роберто Карлосги

Наименование: Прохоровги, кIодоги, Роберто Карлосги
Издание: Миллат
Автор: Закир МухIамадов
Источник: millat.ru/index.php/politika/344.html
Прохоровги, кIодоги, Роберто Карлосги

Прохоров абурав гIурусазул олигарх вачIун вугоан нижер росдал клубалде. Давайила, бокьараб вопрос кьейила, все решу ян абуна гьев чияс.

ТIоцебе квер борхана дир кIодоца. ХIурматияв пирзидентин гьелъ абиги, залалда гIодор чIарал гарамотный избирателазул релъиги цадахъ ккана. КIодо мекъи ккей рекIее гIуна олигархасе, ничево бабушкаян бугатти – вейрон машинагун Роберто Карлос кьуна гьелъие. Баркала гьалмагъ пирзидент, бугелда баракат лъейги, хер баччизе кканиги, ролъул хъап лъезениги гьаб бугъаги бегьунгутIи гьечIо, Карлосги хадув гьавун тIаде яхъана кIодо, цо гьаракь рагIизабулеб гIиндаххелги кьун букIарабаниха дир васин нахъойги Мишахъ ялагьана. Прохоровас гьиштIарабго гьури гIадин Таня Голикова ячIана подносалда слуховой аппаратги лъун.

Хадусеб рагIи имгIал ЖахIбарие щвана, кIодо кIоченаюлел жал чухIулев вукIана, цо Порш–каенги кьун нахъе витIе гьев чиян абуна Прохоровас. Жиндие цIияй чIужу къварегIун йигин нунудилев вугоан нуцIил кIалтIаги чIун. Цо заманалдаса Маша Распутина йигоан гьесул Каеналда рекIуней. ЦIияй лъадуда магIишат бихьизабизе ана ЖахIбар, сараялъул кIалтIа Каенги лъун Машал лъай-хъвай гьабуна анкьго чахъдалгунги, Машаца речIчIизе кколел гIачиязулгунги, кIалтIа хIапдолеб Аргъутилгунги.

Машагун гIачи цоцазул махI сунтIулел ругеб мехалда клубалда бикьулеб бугоан магIишат. Берал хъвалисарав АхIмадие мерседесги, цIияб берги кьуна. Дир мадугьал ИзахIат йигоан гьитIинаб Пежоялъул рулалда нахъа гьенкьолей, меседил цабиги щун ругоан гьелъие. Дидехун щун букIана ирга, дун гьечIоан залалда, клубалъул довехун ун цо букIнилъ бугеб хъархъида нахъа тIаждал рухьенгун кваквалев вугоан, хIажатханаялде цо кьарияв чи ун вукIана, вабабай гьес бараб щинаб мех… ХIалибалихъе тIаждал гIадлуги гьабун, тIад вуссарабго зал чIобого бугоан. КъватIиб бугоан машинабазул сигналаз росу босун унеб, кинабго жамагIат рекIун ругоан машинабазда. БилбагIараб вертолеталда рекIунев Прохоровасда хадур ругоан сигналал. КIодо йиго ахIдолей диде: «Гъов жеги вачIина, дир месед, абун…». Дун гIекгIекиялда гIодулев вукIана,кIодоца аскIое ячIун квер бахана ботIрода: «окашкаби лъугIана дир вас, дида макьилъ бихьана дур рукъ букIине буго Нью-Йоркалда, гьаб апараталхIа абун гьедана кIодо. Гьеб квартираялда лъезе бугеб мебелалъул хиялазда дун вукIаго цо гIабдалзабазул звоноказ макьидаса ворчIизавуна, макьилъгIаги битIун кколебани. Прохоровасдаги кIододаги ццин бахъун тирана доб къо шагьаралда…

Добавить видео

Логин:
Пароль:
Регистрация
Забыли свой пароль?
Войти как пользователь:
Войти как пользователь
Вы можете войти на сайт, если вы зарегистрированы на одном из этих сервисов:

Возврат к списку


Логин:
Пароль:
Регистрация
Забыли свой пароль?
Войти как пользователь:
Войти как пользователь
Вы можете войти на сайт, если вы зарегистрированы на одном из этих сервисов:

  
Яндекс.Метрика