23 ноябралда МахIачхъалаялда вукIана Россиялъул вице-премьер, СКФОялда улкаялъул президентасул вакил Хлопонин Александр.
ТIоцеве гьев щвана МВДялде. Гьес цадахъ босун бачIун букIана БахIарчиялъул кIиго орден - МахIачхъалаялда ва Губденалда милициялъул идарабазе нухмалъиялда рукIаго чIварал МухIамадов АхIмадиеги МухIамадов ГIабдулмаликиеги.
Хадув Хлопонин гIахьаллъана Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъиялда. Гьениб тIоцебе борхана 4 декабралда рукIине ругел рищиязул суалал. Республикаялъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламица абуна хIинкъи гьечIолъи чIезабизелъун рищиял тIоритIулел бакIазда низам цIунулезул къадар цIикIкIинабизе бугилан. Рищиязда хурхун Дагъистаналъул нухмалъулес гьединго абуна дагъистанияз некIого бищун бугин жидеего партия, гьезие бищун бокьулеб партиялъун «Единая Россия» кколилан.
Данделъиялда МухIамадов МухIамадсаламица Хлопониние бицана социалиябгун экономикаялъул рахъалъ Дагъистаналда лъикIаб ахIвал-хIал бугин. Мисалалги рачана гьес. ХIалтIи гьечIого рагIула 35 азарго дагъистанияв, республикаялда гIадамазе щолел гьоркьохъел харжазул къадарги 11 азарго гъурщиде бахунила.
Данделъиялде журналистал байбихьудаго риччачIо, гьединлъидал гьениб щиб бицунеб букIарабали лъаларо. Дагъистаналъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалъул лъазабиязда рекъон, рехсолел рукIана политикаялъулги хIинкъи гьечIолъиялъулги суалал.
Амма данделъи льугьун хадув Хлопонин дандчIвана Дагъистаналдаса журналисталгун. Журналистаз чанги батIи-батIиял суалал кьуна вице-премьерасе, амма щиб гьикъаниги щиб, суалазухъа хIинкъулев чи жив гуревлъи лъазабуна Хлопониница.
Гьесда, мисалалъе, гьикъана Къадиров Рамзанил хIаракаталдалъун гьев, Хлопонинха, Северияб Кавказалдаса нахъе ахIизе вугилан абурал харбазда тIасан пикру. Хлопонин велъанхъана, нужеда гьел харбал киргIаги рагIулелилан.
Журналистаз борхана федералиял идарабаз республикаялда гьабулеб хIалтIул суалги. Республикаялда бищун ришватчилъи цIикIкIарал идарабийинги абун цо дагьалъ цебе Дагъистаналъул нухмалъулес какун букIана гьезул хIалтIи.
Хлопониница абуна жив рази вугин Россиялъул президент Медведев Дмитрийица гьел идарабазул хIалтIуда тIасан абуралда. Медведевасни абуна федералиял идарабазул хIалтIул кIудияб бутIа бакIалъулал администрациязда тIадкъазе кколилан.
Журналистаз Хлопонинида гьединго гъикъана ришватчилъиялда данде Дагъистаналда кин къеркьезе кколебалиги.
Гьеб суалалъе жаваб кьолаго вице-премьерас абуна ришватчилъи гражданияб жамгIият цебетIезабиялдалъун къезабизе бегьулин:
«Россиялда ришватчилъиялда данде къеркьей цIакъго мукъсанаб буго. Северияб Кавказалда гьеб масъаялде данде къеркьолел руго тIадчIун. Амма ришватчилъи тIагIинабиялъе къваригIуна гражданияб жамгIият цебетIураб букIинги, сундасаго эркенаб судалъулаб системаги»
Журналистаз рорхана гьединго низам цIунулезул хIалтIуда хурхарал суалалги. Масала, къуваталъул идарабазул тIаса ккеялъе ахир кинан лъелебилан гьикъана гьез Хлопонинида. Гьелъие нугIлъи гьабулел хIужжабазул хIакъалъулъ жиндихъе гIарза хъвайилан абуна вице-премьерас. Ва тIаде жубана, чIорогоял харбал хIажат гьечIиланги. - Ругищ гьединал хIужжаби? Бице хIужжабаздалъун, – илан абуна Хлопониница.
Армиялде ахIулел дагъистаниязул къадар щай соналдаса соналде дагьлъулеб бугебанги гьикъана журналистаз полпредасда.
Гьеб Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда бараб иш кколилан бицана Хлопонин Александрица:
«Армиялде ахIиялъе тIадкъаял кьола улка цIуниялъул министерлъиялъ. Гьенир ралагьула регионазда бугеб ахIвал-хIалалъухъги. Северияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда, хIалуцараб ахIвал-хIал буго. ТIадкъай кьолел хIинкъулел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул хIакъалъулъ бачIунеб информациялдаса. Амма гьедин гьаби битIараб гьечIо. Армиялде ахIулезул къадар цIикIкIинабизе ккола, Дагъистаналдаса гIолилазе бокьун буго улка цIунизе. Амма профессионалияб армия гьабизе къасд бугелъул, гьедин киса-кибго дагь гьабулеб буго армиялде ахIулезул къадар. Амма гьеб къадаралдаги Дагъистаналдаса гIолилазул тIалабал цIунизе ккола, гьелги армиялде ахIизе ккола».
Журналистал хъинтIана Дагъистаналда туризм цебетIезабиялъул сулалдаги. Вице-премьерас абуна туризм цебетIезабулаго хIинкъи гьечIолъиялъул суал бищун аслияблъун кколарилан. Гьесул рагIабазда рекъон, хIухь бахъизе рачIунез хал гьабула нухал ругищали, сахлъи цIуниялъул рахъалдасан кинал шартIал ругелали, сервис кинаб бугебали. ТIоцебесеб кIиго суални тIубазе бегьулин гIагараб заманалда, амма сервисалда тIад хIалтIизе кколинхаян абуна Хлопониница.