Рагьде хасел щваниги,

Наименование: Рагьде хасел щваниги,
Издание: Хакикат
Автор: МухIамад Къебедов
Источник: http://hakikat.ru/news/a-187.html
Рагьде хасел щваниги,

Къалъудаса хадуб тIобитIизе бугеб адабияталъул вечералда гIахьаллъизе рачIаразул къокъаби данделъулел рукIана магIарулазул машгьурав шагIир ГIабдулмажид Хачаловасул цIаралда бугеб Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде.

Гьеб дандеруссиналда кIодо гьабуна шагIир, хвадарухъан, журналист ва мугIалим МухIамад ХIасановасул гIумруялъул 50 сон тIубай. МухIамад вуго анкьго тIехьалъул авторги. КIуяда росулъа МухIамад ХIасановасул вечералда гIахьаллъана Гъуниб районалъул администрациялъул вакилзаби, журналистал, гIелмиял хIалтIухъаби ва шагIир жаниб хIалтIулеб ГIурала гьоркьохъеб школалъул учительзаби ва цIалдохъаби. ШагIирасул хIакъалъулъ гьез абуна хинал ва магIнаял рагIаби. Бицана гьесул гIумруялъул ва творчествоялъул нухлул. Хасаб бакI ккола гьес цохIо чIахIиязе гуребги, гIисинал лъималазе хъвалеб букIиналъги. ХIасановасул рагIабазда кучIдул ахIана ва гьел рекIехъе цIалана Дагъистаналъул мустахIикъав артист КъурамухIамад Бигачевас, Гъуниб ва ГIурала школазул цIалдохъабаз. Пандрида магIарулазул халкъиял макънал рачана ХIайбула Асияловас. ШагIирасе кьуна ракIалдещвеялъе сайгъаталги. Аваданго данделъи нухда бачана машгьурав композитор, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIалтIухъан, Гъуниб районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев Варис Нуровас.

Добавить видео

Логин:
Пароль:
Регистрация
Забыли свой пароль?
Войти как пользователь:
Войти как пользователь
Вы можете войти на сайт, если вы зарегистрированы на одном из этих сервисов:

Возврат к списку


Логин:
Пароль:
Регистрация
Забыли свой пароль?
Войти как пользователь:
Войти как пользователь
Вы можете войти на сайт, если вы зарегистрированы на одном из этих сервисов:

  
Яндекс.Метрика