Гьал къоязда Москваялда вукIаго Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовас цо чанго дандчIай тIобитIана. Масала, 28 ноябралда гьев дандчIвана РФялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр Андрей Фурсенкогун.
Гьединго, республикаялъул нухмалъулев дандчIвана РФялъул экономикияб цебетIеялъул министр Эльвира Набиуллинагунги. Гьоркьор лъурал суалазул цояблъун букIана Дагъистаналъул социалиябгун экономикияб цебетIей. 2025 соналде щвезегIан СКФОялъул цебетIеялъул стратегиялъул аслиял суалазулги бицана гьеб данделъиялда. МухIамадсалам МухIамадовас рорхана «Юг России» абураб 2008-2013 соназулаб федералияб программаялда рекъон республикаялда ралел ругел цо-цо объектазда бугеб ахIвал-хIалалъул масъалабиги.