Кванхидалъ

Наименование: Кванхидалъ
Издание: Гьудуллъии
Автор: МухIамад МИРЗАЕВ
Источник:


Дагъистаналъул магIарул щибаб росдае гIахьалаб гуребги, цо жиндирго хассаб тарихги буго квенхдерил. Дагъистаналда ва Чачаналда цIар арал, гIандадерил росабазул маргъалазул курхье-налъул цояблъун ккола Кван-хидалъ росу. Цересел гIадамаз бицунаан некIсиял хабалалъ хоб бухъидал, насраннияб дин тIибитIизегIан цебего, мажуси-яб диналъул заманаялъ хварал рукъулаго (погребение), жаназа-базда аскIоб къайи-цIарагI лъун батулеб букIанилан. Бицанихъе, Магърибияб Югалъул Азиялдаса рачIарал чанахъабаз кьучI лъураб росу бугилан абула Кванхидалъ. Гьел чанахъаби, вацал- Баргъит-дой, Кагъатдой ва ЦIумторой рукIанилан бицунеб буго. Хадуб Баргъитдой ва ЦIумторой нахъе анила магIишат гьабизе захIматаб бакI букIинги хIисабалде босун. Кагъатдой хутIанила жакъа Кван-хидалъ росу бугеб бакIалда ва росдада цIарги гьелдаса бачIараб бугилан. МацIазул гIелмабазул доктор, Хунзахъа Сулейманов Якъупица хъвалеб буго, росдада цIар лъей гIандадеридаса бачIараб бугилан. Гьез Кохидалълъи абу-ла. Кванхидалъал-кохидирал. (Кохи-гуржи мацIалда-хъош, долълъи-гIандадерил мацIалда-гьениб аскIоб, хъош бугеб бакI абураб). Нижер- квенхдерил, росдал цIар лъугьиналъул, би-цен гьечIо. Квенхдерица рос-дада цIар «Кохерлълъи» абу-ла, кванхидалълъал-коххерал ккола. Чачаназ нижеда «Кагъатдой» абула. Росу цебе-госеб букIин хIакъаб жо буго.

Абумуслим шайих, жиндирго боялгун, вачIунеб мехалъ гьес-да данде рагъ базе рагъарун руго квенхдерил росдал Гечо-лазул тухумалъул гIадамал. Ва росдал ахада, хъинсиниб щу-лалъиги бан буго гьез. Бащдаб биххараб щулалъиялъул къадал нахъе хутIун руго жакъа къо-ялдаги. Гьеб бакIалда цIарги буго: «Гечолазул щулалъи» абун.

Тухумалги росулъ лъабго рукIун руго: Гечолал бищун цересел, росдае кьучI лъураб тухумлъун рикIкIунеб буго. ЧIегIерчилал-росулъ ислам тIибитIизабизе, малъизе Абулмуслим шайихас Азиялдаса рачIарал (миссионе-рал)нахъе инчIого хутIаразул ту-хумилан абула, ва дора -гьаниса рачIун росулъ чIаразул тухумалда Сунтагилал абулеб букIун буго. Гьеб тухум бихун тIагIана. Росулъ цо чамалиго тайпаги буго, цогидал росабалъго гIадин. НекIсияб Руз-маналъул мажгит банилан бицуна, гьеб бакIалъанго рохьги кьотIун. Мажгиталъул къадазда буго тIад суратал рахъарал, хъвай-хъвагIаяз гьарун къачIараб цо чанго гамачI. Гьел хъвай-хъвагIаял Дагъиста-налда тIиритIун рукIана, меланиял гIасрабазде швезегIан цебего (до нашей эры). Гьениб тарихчагIазе хIалтIи буго, баяналгун хIужаби хIакъикъат лъазе бокьани.

Хунздерил хан ГIумаханица магъало хIисабалда, Кванхидалъ-ан 200 къали, Инхелоса 40 къали цIамул унеб букIун буго. Имам Шамилица «Имамат» пачалихъ гIуцIидал тIоцебесеб амру хъвалеб буго: «Считать себя свободным от военных сборов. Кванхидатли и Инхело заняться исключительно добычей соли. Аулы знали отны-не одну повинность-давать стра-не по одной тысячи пятисот кали (къали) в год», (П.А. Павленко, тIехь «Шамиль», гьум. 55). На-хъе къан имам Шамиль Гъуниб магIарде унеб мехалъ квенхде-рил кьодасан ана. Ва хадубго цун бачIунеб генерал Евдокимовасул армияги гьенисанго къокъана.

БетIерав командир, княз Ба-рятинский: «В Конхидатле завтракал у вдовы Хаджи-Мурата и играл с сынишкой покойного» (П. А. Павленко. Шамиль стр.193). Къоролай лъималгун зулмуялъ ритIун (ссылка) туснахъ хIисабалда, Кванхидалъ рукIана.

Цебе заманаялъ росулъан бугеб нухалда «Бол нух» абулаан.

Квенхдерил цIулал кьоги «Бол кьо» букIана.

Гьеб заманалда ЧIиркъатIаса ЦIунтIа щвезегIан гIор бахун кьо гьеб гурого букIинчIо. 1970 соналъ цIияб маххул кьо бана. ЦIияб кьо баялъе пикру ва нухмалъи ГъазимухIамадов ХIажимурадидасан бачIана. Сверухъ ругел росабазги гIарцудалъун кумек гьабуна. БатIаго кIудияб кумек щвана Инхело росулъан. Аллагьасул гурхIи камугеги гьезие. Араб соналъ гьеб кьоялъе капиталияб къачIай гьабуна. Гьелъие районалъул администрациялъ 100 азарго гъурущ гIарац биччана. ГIодоб чIвазе махх, гIемерал угольникал кьун цIикIкIараб харж гьабуна Кванхидалъа бизнесмен Жаватханов Шамсудиница ва цоги росдал гIадамаз. Аллагьас баракат лъеги гьесул боцIиялда. Кири кIодо гьабеги кумек гьабуразул.

Офицер Мусаян абулеб букIун буго ХIусенов Мусада. 1878-79 соназ Россиялъулгун Турциялъул рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло, Сардарас Мусае офицерасул чин ва «Георгиевский крест» кьун буго. Я орден, я хъвай-хъвагIай нахъе хутIун гьечIо. Хадуб Муса ГIандиса ГIаращ наибасул канцеляриялъул начальник ва нукарлъун вукIун вуго. 1916 соналъ хунги вуго. ХIажиясулаев ТIалхIат росулъ ва районалда советияб гIуцIарухъанлъиялъул жигарав гIахьалчи вукIанин бицуна. Большевиказул партиялде гьев Бакуялда нарт бахъулел бакIазда хIалтIулаго лъугьун вуго. ГIанди участкаялдаса хIалтIул ишаздаса вачIунаго,гъоркьчIелги гьабун, классиял тушбабаз чIван вуго.

Кванхидалъа ХIусенов МухIамадшариф ТIоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ, рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе гIоло офицерлъун вахъуна. Хадуб большевиказде гъорлъе ккола ва 1918-20 с. Москваялъул Кремль цIунулезда гьоркьов вукIуна. Гъваридаб пикругун бацIцIадго гIурус мацI бицине лъалаан гьесда. Росулъ колхозалъулаб гIуцIиялда жигараб гIахьаллъи гьабулаан гьес.

Кванхидалъ росулъ сверухъ-лъиялда цIар араб мадраса букIун буго ва росулъ жанисанго лъикIал гIалимзабиги рукIун руго гьенир дарсал кьолел.

Гьединаздаса ккола: Байтуллагь-дибир (19 соналъ КIаратIа имамлъун хIалтIун вуго), Амач-дибир, ХIусендибир, Нажмудин-дибир ва гь. ц.

Нажмудин-дибирасул гIемерисеб гIумру Чачаналда ун буго. Гьес Шаро-Аргун округалъул къадилъиги гьабунилан бицуна. СалтIаса Узун-хIажица Ведено тахшагьаргун пачалихъ гIуцIидал, гьесул хIукуматалъул хазиначилъун (министр финансов) Нажмудин вукIун вуго. Узун-хIажил гIарцуда (марка) гьесул гъулбасги букIун буго. Нажмудинил хъизаналъул хутIел Чачаназул Мескерюрт росулъ ва Аргун шагьаралда жеги нахъе руго.

Ахирияб заманалда Дзержинскиялда (Хасавюрт район) чIарав гIалимчи вукIана МухIамадов АхIмаднаби. Кьохъа СултIан-МухIамад-хIажияс (жинда Аллагь разилъаяв) цIакъ рикIкIунев гIалимчи вукIана гьев. ХIежалде ине къачIалаго, МахIачхъалаялда, къотIноб машина тункун хвана гьев мунагьал чурад.

НекIсияб заманаялдасаго лъала квенх бажари бугел лъадахъаби рукIин. Гьез ЦIунтIаса бехе, гIурулъан цIул баччунаан. Аргъвани, Болъихъ рузманалъул мажгитазе цIулги квенхдерица баччун бачIанилан бицуна харабаз. Араб гIасруялъул 30 абилел соназ Болъихъ леспромхоз гIуцIидал, гIурухъан цIул баччунел (лесосплавщики), гьелъул заманаялъулал хIалтIухъабилъунги (сезонные рабочие) рукIуна квенх.

Гьебго заманаялъ росулъ гIуцIула цIам бахъулеб артель. Гьелъ пачалихъалъе цIам гьабулаан. Артелалда цIарги букIана «Артель им. Байдукова». Гьелъул гIуцIарухъан ва тIоцевесев председательлъун тIамуна МухIамадов Къурбандибир,росу гочун Чачаналде инегIан.

Гьев партиялъул Болъихъ райкомалъул бюроялъул членлъунги вищана.

Кванхидалъ росу гочинабуна хIалалъ ва биххизабуна 1944 соналъул ихдал. Гьезие кьуна Ведено районалъул Хаттуни абураб росу, хадуб гьелда цIарги лъуна Кванхидалъ абун. 1957 соналъ, чачаназе жидерго ракьалде руссине ихтияр кьедал, квенх гочинаруна (кIиабизеги) лъарагIазул авлахъазде ва гьениб росуги бана, Дзержинское абун цIарги лъун. Гьеб ккола Хасавюрт районалъул росу. ХIеккел бугеб гьаваялъ, бацIцIадаб гьечIеб лъеца, хасало бакъ гьечIолъиялъ, риидал баччизе кIолареб багIариялъ, къокъаб заманалда гIемерал гIадамал унтана туберкулезалъ, бакъул унтуца (малярия), ревматизмалъ ва цогидалги унтабаз гIемерисел хвезеги хвана Чачаналдаго гIадин. Гьелдалъун Дзержинскиялдаса нахъе гочуна бащадаб росу ва 1964-65 сс. гьебго районалъул Кокрек росулъ цIидасан байбихьула кьучIдасан гIумру гьабизе.Кванхидалъ 1926 соналъ рагьула 2 классалъул байбихьулаб школа, хадубго 4 классалъулалдеги сверизабула гьеб. Гьенир учительзабилъун хIалтIизе рачIуна нижерго гIолохъаби, цебе росулъ мадрасаялда цIаларал, гIараб хъвай-хъвагIай лъалел Шамсудинов Сайпула, ШагIманов Иманшапи.

Районалъул цойги-цойги росабалъ цIирагьарал школаздеги уна Кванхидалъан гIараб лъалел гIолохъаби: ШагIманов И., ГIазизов СахIман, ГIалиев ГIалихIажи, Лабазанов Зайти ва гь. ц.

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьидал, жидеего бокьун фронталде ана 31 гIолохъанчи. Гьезул гIемерисел нахъги руссинчIо.

Рагъулъ бихьинчилъи ва бахIарчилъи бихьизабиялъухъ НурмухIамадов МухIамадие «Слава» ва Куриев МирзахIажиясе «Красная звезда» орденал кьуна. Гьанибго бицун телин: Куриев МирзахIажияв, БагIараб армиялъул рагъухъан хIисабалда Граждан рагъулъ гIахьаллъи гьабуразул цояв вукIана.

Хадуб гьев Муслим Атаевасул чотIахъабазул полкалде гъорлъеги лъугьуна. Рагъда цересел 1930-40 соназ Куриев МВД-ялъул хIалтIухъан хIисабалда тIамула Болъихъ РОВД-ялъул туснахъалъул начальниклъун, ЦIунтIа, ЦIумада, ЧИАССРалъул Советский районазда РОВД-ялъул начальниклъунги. ВатIаналде тIаде рахIму гьечIев тушман кIанцIидал, жиндиего бокьун, гIарзаги кьун, гьев фронталде ана, инчIого вукIине ресги букIаго.

Араб гIасруялъул 60-аб соназ росулъан цIализе ун тIоцебе тIадегIанаб лъай щола ХIажиев ИсмагIилие хадуб гьеб щола Дзержинское росулъ, школалъул, совхозалъул директорлъун хIалтIарав МухIамадмирзаев МухIамадие. Гьездасан мисал босун гIемерал гIолохъаби уна цIализе ва хассал махшалида бакI-бакIазда хIалтIула.

Иманшапиев МухIамад- гIемерал соназ хIалтIула учительлъун, школалъул директорлъун, райОНОялъул заведующийлъун, Болъихъ райисполкомалъул председателасул тIоцевесев заместительлъун, партиялъул Болъихъ райкомалъул кIиабилев секретарьлъун, Болъихъ МСОялъул начальниклъун ва цогидалги жавабиял хIалтIабазда. ГьабсагIат Кванхидалъ росдал администрациялъул бетIерлъун хIалтIулев вуго. Дагьав цевегIан мустахIикълъана Муниципалияб хъулухъалъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб хIурматияб цIаралъе.

Шамилов Ибрагьимица батIи-батIиял жавабиял хIалтIабазда хIалтIи гуребги, живго жигарав жамгIияв гIуцIарухъан вукIинги бихьизабуна. Болъихъ райкомалда ва цогидалги хIалтIабазда живго вихьизавуна Къурбанов МавлидмухIамадица. Болъихъ сельхозагропромалъул начальник хIисабалда ва цоги-далги хIалтIабазда бажариги вацIалъиги бихьизабуна Идрисов МухIамадбегица, Болъихъ ДРСУ-ялъул инженерлъун хIалтIулаго гIумру ана ГIабдулмуъминов МухIамадил.МВДялъул районазда гьоркьосеб идараялъул начальниклъун хIалтIулев вуго милициялъул подполковник Сайгидинов ИзрагIил. Астраханалъул УВДялъул следственнияб отделалъул начальниклъун хIалтIулев вуго МухIамадов Юсуп.

Иманшапиев АхIмад- ккола республикаялъул централияб больницаялъул нейрохирургиялъулаб отделениялъул ведущий специалист.

Исана Евпаториялда букIараб «Ушу-Санда» гугариялъул дунялалъулго къецазда Кванхидалъа ГIалиев АхIмадица меседил медаль босана ва «Джиту-Джитсу» гугариялъул призерлъунги вахъун мазгарул медаль щвана.

Квенхдерил лъабабго росдаца кIудияб адаб-хIурмат гьабула МухIамадов ДавудхIажи-хIажиясул. Гьев вуго ЧIикIаса СагIид-афандиясул кваранаб квер гIадав чи. ЧIикIаб бугеб Исламияб институталъул ректорги вуго гьев. Гьеб институтги лъугIизабун, кванхдерил росдал имамлъун хIалтIизе вачIана гьитIинав гIолохъанчи Расулов ХIусен-хIажи. Районалда гьев лъала Болъихъ районалъул Къадилъун гIемераб заманаялъ хIалтIарав исламияв гIуцIарухъан хIисабалдаги.

ГIемерал соназ росдал тIубачIеб гьоркьохъеб школалъул директорлъун хIалтIулев вуго «Дагъистаналъул мустахIикъав учитель» Къурбанов Лабазан. Болъихъ медсестрабазул курсалги лъугIинарун, росулъе фельдшерлъун хIалтIизе ячIана Сулейманова Назипат (мунагьал чураяй). Росулъ гIемераб мехалъ хIалтIана гьей недегьай, гIадамазда гьоркьой гьуинай, баркат бугей гIадан.

Гьанже квенхдерил гIемерал васал ва ясал руго батIи-батIиял бакIазда тохтурзабилъун цIалулел ва хIалтIулел.

1970 соналъ мундерил Кардоналдаса, багIараб кьоде щвезегIан (8 км. 800 метр халалъи бугеб), ГIахьвахъ ва ЦIумада районазде нух къокъ гьабун бахъана Кванхидалъ росулъан. Гьеб хIалтIулъ бажари ва жигарчилъи бихьизабуна ЦIумада районалъул Гьаквари росулъа ИзмагIилов Супяница (мунагьал чураяв). Гьеб нух рагьаралдаса квенхдерие рес щвана тIубанго росу, хур, ах цIи гьабизе, бечедго гIумру гьабизе. Машинадул кумек щведал гIемерал цIиял минаби рана росулъ.

Ахириял соназ цIидасан къачIана росдал клуб, гIатIид гьабуна школалъул мина ва гьенибго цIияб тIохги лъуна.

Росулъе бачана жибго чвахун бачIунеб ва гIурухъан насосалъ кьабулеб лъим. Бана медпункт, къачIана рузманалъул мажгит, цIидасан цIана токалъул кварал, лъуна цIияб трансформатор, росулъги ункъо бакIалда гIатIид гьабуна машинабазул нух. Гьединго росу бакьулъан нухде хъил тIуна. Гьеб кинабго гIуцIалилаб хIалтIиялъе нухмалъи гьабуна росдал   администрациялъул бетIер Иманшапиев МухIамадица, росдал   жамагIаталъ   ва гIолохъабаз (гьанир цIарал рехсечIониги), Аллагьас сахлъи-саламалъи кьеги гьезие.

Нижер   росдал гIадамазул кIудияб баркала буго районалъул нухмалъулел Рамазанов Жавпарие ва Балдугъов ЛабазанхIажие, нижер росу цебетIеялъе кумекал гьарулел рукIиналъулъ. Аллагьас сахлъи кьеги гьезие.

Умумузул заманаялдасаго Кванхидалъ Бол нух росулъан бугеб росу букIана. Нухда хутIаразе росдал гIадамаз кумек гьабула, щал гьел ругониги. Гьелъухъ нижер росдал гIадамазе баркалаги щола. Гьаниб нижер гьари буго, машина бачун унезда, росулъан унаго, хех бачуге! Цебе чода рекIаравги, росулъан рещтIун унаан. Гьеб букIана нилъер бусурбабазул, магIарулазул кьучIдасанго батараб гIадат ва адаб гьаби. ЦIунаги нилъ Аллагьас нагагьал балагьаздаса.

Къуват кьеги нилъее Аллагьас, ВатIан кквезе, гьеб цIи гьабизе, тIегьазабизе, шаргIияб ва законнияб нухалдаса кьуричIого ине, адабхъатиралда гIумру бачине, ахират кIоченчIого рукIине.

Добавить видео

Логин:
Пароль:
Регистрация
Забыли свой пароль?
Войти как пользователь:
Войти как пользователь
Вы можете войти на сайт, если вы зарегистрированы на одном из этих сервисов:

Возврат к списку


Логин:
Пароль:
Регистрация
Забыли свой пароль?
Войти как пользователь:
Войти как пользователь
Вы можете войти на сайт, если вы зарегистрированы на одном из этих сервисов:

  
Яндекс.Метрика